Гаюс Юлиус Кайсар (латин: Gaius Julius Caesar; ИФА:; 12 юл 100 НЩ – 15 март 44) вукӀана Ромалъул генерал ва пачалихъияв хӀалтӀухъан. ТӀоцебесеб Триумвираталъул санчи, Кайсарил нухмалъуда гьоркь ромаб армиялъ гьаруна Галлиял рагъал, хаду жиндирго политикияв дандечи, Помпейида тӀад бергьенлъи босана чӀейилаб рагъулӀ, хаду вахъана дикататорлъун НЩ 49 сонидаса жив чӀвазегӀан 44 сонида. Эс критикияб рол хӀана Роман Республика нахълъиялде рачарал лӀугьа-бахъиназда ва Роман империя борхиялда.
ГӀолохъанлъи ва кариера
Гаюс Юлиус Кайсар гьавуна патрикианаб хъизаналда, Юлиа генсалда (тухум-кьибил) НЩ 100 сонил 12 юлалъ. Хизаналъ абулаан Ромалде иммиграция гьабунилан Алба Лонгалдаса НЩ VII гӀасруялда Ромалъул къирал Туллус Гьостилица шагьар биххизабун хадуса.
_(cropped).jpg?width=1280)